‏ Revelation of John 19

Аллагьасе реццилан ахӏулеб рагӏана

1Гьелдаса хадуб кӏудияб руккелалъул гӏадинаб гьаракьалдалъун зодисан ахӏулеб рагӏана дида: «Гьаллелуя!
«Аллагьасе рецц!» абураб магӏна буго жугьутӏ мацӏалда гьеб рагӏул.
Нижер Аллагьасухъ буго хвасарлъиги, цӏар-реццги, къудратги,
2гьесул хӏукму ритӏухъабги хӏакъабги бугелъул. Хъахӏбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахӏбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!» 3Цоги нухалъ ахӏулеб рагӏана: «Гьаллелуя! Гьелъул кӏкӏуй абадул абадиялъго эхеде ине буго!» – ян.

4Къоло ункъавго хӏакимасги ункъабго рухӏчӏаголъиялъги кӏалагъоркье речӏчӏун сужда гьабуна тахида тӏад гӏодов чӏарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» – ян.

5Тах бугеб рахъалдасан цо гьаракьалъ ахӏулеб рагӏана: «Гьесул киналго лагъзадерица, гьесукьа хӏинкъулелщиназ – гӏисиназги чӏахӏиязги – рецц гьабе нилъер Аллагьасе!» – ян.

6Кӏудияб руккелалъул гӏадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гӏадинаб гьаракьалдалъун ахӏулеб рагӏана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав Бетӏергьан Аллагь парччахӏ вугелъул! 7Нилъ роха-хинлъун разиго рукӏина ва гьесие рецц гьабила, Кьагӏрил бертадул къо тӏаде щун бугелъул ва гьесул бахӏарайги къачӏа-кӏатӏан йигелъул!» 8Гвангъараб ва бацӏцӏадаб тӏеренаб дарайдул ретӏел кьун буго гьелъие. (Гьеб дарай ккола Аллагьасул халкъалъул ритӏухъал ишал.)

9Довго малаикас дида абуна: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьеб Кьагӏрил берталъе ахӏарал гӏадамал», – ан. Цоги гьес абуна: «Гьаб буго Аллагьасул хӏакъаб рагӏи!» – ян.

10Гьесул хӏатӏазда цеве кӏалагъоркье речӏчӏун, гьесие сужда гьабизехъин букӏана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! Гӏисае нугӏлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. Гӏисае нугӏлъи гьабиги Аллагьасул рагӏудасан бачӏараб бугебха!»

Хъахӏаб чу рекӏарав

11Зоб рагьун бачӏун бихьана дида. Гьале хъахӏаб чу; гьелда рекӏун вуго Ритӏухъавиланги Хӏакъавиланги жинде абулев, битӏараб хӏукмуги къотӏулев, рагъдаги бергьунев чи. 12Цӏадул мацӏал гӏадинал руго гьесул берал, гьесул ботӏрода гӏемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цӏарги хъван буго гьесул надалда. 13Гьесда буго бидулъ ччураб ретӏел; гьесда цӏарги – Аллагьасул рагӏи. 14Хъахӏал чуяздаги рекӏун, малаикзабазул боял рачӏунел руго гьесда хадур. Гьезда тӏад буго чӏухӏараб ва бацӏцӏадаб хъахӏаб ретӏел. 15Гьесул кӏалдиса къватӏибе бачӏунеб рагӏиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагӏулеб рекӏараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тӏилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цӏибил мерхьина гьес. 16Гьесул ратӏлидаги хьолбодаги: «Парччахӏзабазулги Парччахӏ, тӏадегӏаназулги Тӏадегӏанав», – абун цӏар хъван буго.

17Дида вихьана бакъуда тӏад чӏарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хӏанчӏазде гьес ахӏана: «Аллагьасул кӏудияб кванде рачӏа киналго цадахъ: 18парччахӏзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекӏаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги – гӏисиназулги чӏахӏиязулги гьан кваназе!» – ян.

19Дида рихьана данделъун, чода рекӏарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачӏан, жанаварги, дуниялалъул парччахӏзабиги, гьезул боялги. 20Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакӏалда гӏаламатал рихьизарун, жинца гӏадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гӏуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гӏадамал. Жанаварги гьересиаварагги чӏагого рехана цӏадулги чӏабтӏилги хӏоринире. 21Цогидал чӏвана чода рекӏарасул кӏалдисан бачӏараб хвалчаца. Ва киналго хӏанчӏаз гӏорцӏизегӏан кванана гьезул гьан.

Copyright information for AvaIBTNT