Revelation of John 20
Азарго сон
1Дида вихьана зодисан рещтӏунев цо малаик; гьесухъ букӏана тӏину гьечӏеб кӏкӏалахъе бугеб нуцӏил кӏулги кӏудияб рахасги. 2Илбислъунги шайтӏанлъунги кколеб аздагьо – некӏсияб борохь, – кквезеги ккун, рахсида бухьана гьес, азарго соналъ гьелдаса борчӏилареб куцалъ. 3Азарго соналъ халкъал къосинаричӏого теледухъ, нуцӏаги рахан, гьелда мугьруги чӏван, кӏкӏалахъе рехана малаикас гьеб. Цинги гьеб дагьабго заманаялъ рахсидаса бичун биччазе буго. 4Дида рихьана тахбакӏал, гьезда тӏад гӏодор чӏун рукӏана суд гьабизе тарал гӏадамал. Гӏисал хӏакъалъулъ хабар тӏибитӏизабунилан ва Аллагьасул рагӏи тӏубазабунилан бутӏрул къотӏаразул рухӏалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичӏел, жидер надалда яги кверда гӏуж лъечӏел гӏадамалги. Гьел чӏаголъун рукӏана, ва гьез Гӏисада цадахъ азарго соналъ парччахӏлъи гьабулеб букӏана. 5Гьедин чӏаголъана тӏоцере гӏадамал. Цогидал хварал чагӏи гьеб азарго сон инегӏан чӏаголъичӏо. 6Гьардарал гурелдай гьел тӏоцере чӏаголъаразда гъорлъе ккарал гӏадамал. Кӏиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги Масихӏилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахӏлъи гьабила гьез.Илбисалъе тамихӏ гьабула
7Азарго сон индал, илбис туснахъалъуса къватӏибе биччала. 8Дуниялалъул ункъабго рахъалде ун, халкъал къосинарила гьелъ, гӏажуж-мажужалъул боял данде ракӏарун, рагъде рахъинарила. Ралъдал рагӏалда салигӏанги гӏемер рукӏина гьел. 9Тӏолабго ракь цӏун букӏана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цӏа бачӏун рухӏана гьел. 10Гьел къосинарураб илбис рехана цӏадулги чӏабтӏилги хӏоринибе. Гьеб хӏоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гӏазаб-гӏакъубаялда гьелда цадахъ рукӏина жанаварги гьересиаварагги.Хваразе суд гьабула
11Гьебмехалда дида бихьана цӏакъго кӏудияб хъахӏаб тах, вихьана гьелда гӏодов чӏаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чӏезе бакӏ батичӏо. 12Ва дида рихьана хварал чагӏи – гӏисиналги чӏахӏиялги – тахида цере чӏун. Рагьун лъун тӏахьалги рукӏана. Цоги тӏехьги букӏана рагьун – гӏумруялъул тӏехь буго гьеб. Гьел тӏахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букӏана хваразе суд. 13Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукӏарал хварал чагӏи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукӏарал хварал чагӏи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна. 14Цинги хвелги хваразул улкаги цӏадул хӏоринибе рехана. Гьеб цӏадул хӏор ккола кӏиабилеб хвел. 15Гӏумруялъул тӏехьалда цӏар хъван батичӏел чагӏи цӏадул хӏоринире рехана.
Copyright information for
AvaIBTNT