‏ Revelation of John 21

Цӏияб зобги цӏияб ракьги

1Цинги дида бихьана цӏияб зобги цӏияб ракьги. Цевехун букӏараб зобги ракьги тӏагӏун буго, ралъадги гьечӏо гьанже. 2Гьединго дида бихьана мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтӏинабулеб цӏияб Иерусалим. Бахӏарасда аскӏое уней бахӏарай кинигин къачӏан букӏана гьеб. 3Кутакаб гьаракьалдалъун тахидасан абулеб рагӏана дида: «Гьале гӏадамазулалда аскӏоб бугеб Аллагьасул чадир. Гьенив гьезда цадахъ вукӏине вуго Аллагь. Гьел лъугьине руго гьесул халкълъун, ва живго гьев Аллагьги гьезда аскӏов вукӏине вуго. 4Аллагьас гьезул бадиса магӏил щибаб горо бацӏцӏина, ва хвелги тӏокӏаб букӏинаро. Цебехун букӏарабщинаб лъугӏун-тӏагӏун индал, тӏокӏаб букӏинаро я гӏоди, я унти».

5Тахида гӏодов чӏарас абуна: «Гьале дица кинабго цӏидасан бижизабулеб буго», – ян. Цоги гьес дида абуна: «Хъвай – хӏакъал ва ритӏухъал рагӏаби руго гьел».

6Гьес дида абуна: «Тӏубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чӏобого кьела маулхӏаяталъул иццухъа лъим». 7Бергьарасе гьеб кинабго насиблъила. Дун гьесул Аллагьлъун вукӏина, гьевги дие васлъун вукӏина. 8Амма хӏинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хӏакъирлъи гьабуралги, чӏвадарухъабиги, хъахӏбабиги, сихӏручагӏиги, гьересиаллагьзабазе гӏибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакӏ буго цӏадулги чӏабтӏилги хӏор. Гьеб ккола кӏиабилеб хвел.

Цӏияб Иерусалим

9Ахирисеб анкьго балагьалъул цӏураб анкьго щурун кодобе кьурав анкьго малаикасул цояс, аскӏовеги вачӏун, дида абуна: «Вилълъа, дуда дица йихьизайила Кьагӏрил лъадилъун лъугьине йигей бахӏарай». 10Илагьияб Рухӏалъ асар гьабун дида цебе чӏана гьадинаб сурат. Гьале цо борхатаб магӏарде вачун, малаикас дида бихьизабуна мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтӏинабулеб Иерусалим. 11Аллагьасул нур чӏун букӏана гьелда тӏад; жавгьар-якъут гӏадин ва бацӏцӏадаб яшма гӏадин кенчӏелеб букӏана гьеб. 12Шагьаралда сверухъ букӏана кӏудияб ва борхатаб къед. Анцӏила кӏиго кавуги букӏана гьеб къадалъ. Ва гьел кавабазухъ чӏун анцӏила кӏиго малаикги вукӏана. Кавабазда хъван букӏана Исраилил васаздасан лъугьараб анцӏила кӏиго наслуялъул цӏар. 13Бакъбаккудасахун букӏана лъабго каву, севералъул рахъалдасан – лъабго, къирбалалдасахун – лъабго ва бакътӏерхьул рахъалдасан лъабго каву букӏана. 14Къадал кьучӏ щулалъизе гьабун букӏана анцӏила кӏиго сангар, гьездаги хъван букӏана Кьагӏрил анцӏила кӏиго чапарасул цӏар.

15Диргун накъит гьабулев вукӏарасухъ букӏана гьеб шагьарги, гьелъул кавабиги, къадалги рорцине меседил тӏил. 16Гӏеблъиги халалъиги бащадаб, ункъбокӏонаб шагьар буго гьеб. Доб тӏилалъ борциндал, гьеб шагьаралъул халалъиялда гьесда батана кӏиазарго километр; халалъиги, гӏеблъиги, борхалъиги цого букӏана. 17Къадал борхалъиялда батана нусиялда кӏикъоялда ункъо натӏ. Гьедин гӏадамазулго гӏадаб роцадалъун борцана малаикасги гьеб. 18Къед гьабун бугоан яшмаялъул, шагьар букӏана бацӏцӏадаб меседил гьабураб ва цӏергӏанги бацӏцӏадаб. 19Къадалъ бакӏ-бакӏалда кьочӏое лъун рукӏана батӏи-батӏиял хириял ганчӏал: тӏоцебесеб кьочӏое – яшма, кӏиабилелъе – сапфир, лъабабилелъе – халцедон, ункъабилелъе – изумруд, 20щуабилелъе – сардоникс, анлъабилелъе – сердолик, анкьабилелъе – хризолит, микьабилелъе – берилл, ичӏабилелъе – топаз, анцӏабилелъе – хризопрас, анцӏила цоабилелъе – гиацинт ва анцӏила кӏиабилеб кьочӏое лъун букӏана аметист. 21Анцӏила кӏиябго каву – анцӏила кӏиго къиматаб маргъал. Щибаб каву гьабун букӏана цохӏо маргъалалъул. Шагьаралъул аслияб къватӏ букӏана цӏорода гъорлъан кинигин гьоркьосан канлъи бихьулеб бацӏцӏадаб меседил.

22Гӏибадат гьабизе гӏадамал данделъулеб бакӏ цониги бихьичӏо дида гьениб. Гьеб тӏолабго шагьар бугелъулха Живго Къудратав Бетӏергьан Аллагьги Кьегӏерги чӏараб мукъадасаб рукъ! 23Гьеб шагьаралъе канлъи кьезе я бакъ, я моцӏ хӏажалъулеб букӏинчӏо. Аллагьасул нуралъул букӏиндалха гьениб канлъи! Гьелъул чирахъ ккола Кьегӏер. 24Гьеб канлъухъе хьвадизе руго халкъал; дуниялалъул парччахӏзабазги жидерго бечелъи кьезе буго гьеб шагьаралъе. 25Къад-къад гьелъул каваби киданиги къаларо, сардалги гьенир рукӏинего рукӏунаро. 26Халкъазги гьеб шагьаралъе кьела жидерго бечелъиги къиматабщинабги. 27Хъублъи киданиги лъугьине гьечӏо гьенибе. Инжитабщинабги гьересиябщинабги жинца гьабулев чиги гьеб шагьаралда жаниве лъугьинаро. Лъугьина Кьагӏрихъ бугеб гӏумруялъул тӏехьалда жидер цӏар хъванщинал.

Copyright information for AvaIBTNT