‏ Revelation of John 4

Зобалазул тахги гьелда гӏодов чӏаравги

1Гьелдаса хадуб дун вала-гъалагьана. Гьале зобалазда буго рагьараб нуцӏа. Трубаялъул гӏадаб кутакаб, доб дида кӏалъалеб рагӏараб гьаракьалъ абуна: «Гьаниве тӏаде ваха, дица дуда бихьизабила хадуб щиб ккезе бугебали». 2Илагьияб Рухӏалъ асар гьабун, гьебсагӏатго дида цебе тӏамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гӏодов чӏаравги. 3Гӏодов чӏарасул гьумер гвангъун букӏана яшмаялда ва сардисалда релълъун, гьесул тахалда тӏад чӏун букӏана изумрудалъулкьераб нур. 4Гьеб тахалда сверунги букӏана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гӏодор чӏун рукӏана къоло ункъо хӏаким. Гьез ретӏун букӏана хъахӏаб ретӏел, ботӏрода букӏана меседил таж. 5Доб тахалдасан пири пирхулеб букӏана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагӏулеб букӏана. Тахалда цебе рекӏун букӏана анкьго чирахъ – Аллагьасул анкьго кӏудияв малаик. 6Гьелда цебе бацӏцӏадаб цӏорол гӏадинаб ралъад бугилан кколеб букӏана.

Тахалъул ункъабго рахъалда букӏана цереги нахъаги гӏемерал берал ругеб ункъо рухӏчӏаголъи.
7Тӏоцебесеб рухӏчӏаголъи гъалбацӏалда релълъараб букӏана. Кӏиабилеб – оцода релълъараб букӏана. Лъабабилелъул гьумер инсанасул гӏадинаб букӏана. Ункъабилеб релълъун букӏана боржун унеб цӏудуда. 8Гьеб ункъабго рухӏчӏаголъиялъул щибалда букӏана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватӏисанги гьел куркьбаздаги рукӏана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотӏичӏого гьез ахӏулеб буго: «Вацӏцӏадав! Батӏияв! Къудратав! Хӏалкӏолев Бетӏергьан Аллагь! Жив хӏакъав, абадияв ва даимав!»

9Тахида гӏодов чӏарасе, абадул абадиялъ чӏагоясе гьел рухӏчӏаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кӏодо гьавула. Гьебго заманалда 10къоло ункъавго хӏаким кӏалагъоркье речӏчӏула тахида гӏодов чӏарасда цере ва абадул абадиялъ чӏагоясе сужда гьабула. Тахалда цере жидерго тажалги лъун, гьез абула: 11«Мун нижер Бетӏергьан Аллагь, кинабго жо дуца бижидал, кинабго дуе бокьухъе бижун бугелъул, мун мустахӏикъав вуго дуе рецц гьабизеги, къудратав ва хӏалкӏояв вугилан абизеги».

Copyright information for AvaIBTNT