Revelation of John 5
Кагъатги Кьегӏерги
1Тахида гӏодов чӏарасдаса кваранидехун дида бихьана кӏиябго рахъалда хъвай-хъвагӏай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чӏван бугоан гьелда. 2Дида вихьана цо зорбаяв малаик, кӏудияб гьаркьидалъун гьес ахӏулеб букӏана: «Тӏад чӏвараб анкьабго мугьруги тӏезабун, гьаб кагъат рагьизе щив мустахӏикъав вугев?» 3Я зобалазда, я ракьалда, я ракьалда гъоркь вугев цонигиясда кӏвечӏо, гьеб кагъат рагьун, гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе. 4Кагъат рагьун гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе мустахӏикъав чи цониги ватичӏелъул, дун гӏемерав гӏодана. 5Цо хӏакимас дида абуна: «Гӏодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацӏ бергьана, гьединлъидал гьелда кӏола, анкьабго мугьруги тӏезабун, кагъат рагьизе». 6Ункъабго рухӏчӏаголъиялъги хӏакимзабазги сверун ккураб тахалда тӏад бугоан хъун букӏараб гӏадинаб цо Кьегӏер. Гьелъул букӏана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магӏнаги – Аллагьас тӏолабго ракьалде витӏарав анкьго кӏудияв малаик. 7Бачӏун Кьагӏрица доб кагъат босана тахида гӏодов чӏарасул кваранаб хъатикьа. 8Доб ункъабго рухӏчӏаголъиги къоло ункъавго хӏакимги гьеб Кьагӏрида цере кӏалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букӏана арфаги ▼▼Гӏемерал чӏваби ругеб музыкалияб алат.
кьеккен гьабулеб махӏгьуинаб нахул цӏураб меседил щурунги. (Гьелъул магӏна – Аллагьасул халкъалъул дугӏа.) 9Гьез цӏияб кечӏ ахӏана: «Хъун букӏиндал ва дурго бидухъ дуца щибаб наслуялъул, щибаб мацӏалъул, щибаб халкъалъул ва щибаб миллаталъул гӏадамал Аллагьасе ричун росидал, мун мустахӏикъаб буго, босун гьеб кагътил мугьру тӏезабизе. 10Дуца гьел парччахӏлъиялде рачана ва нилъер Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинаруна. Гьез ракьалда парччахӏлъи гьабила». 11Дун валагьана ва дида рагӏана тахалда сверухъ ва рухӏчӏаголъабаздаги хӏакимзабаздаги сверухъ ругел гӏемерал малаикзабазул гьаркьал. Рикӏкӏун хӏалкӏоларелгӏан гӏемер рукӏана гьел. 12Кӏудияб гьаркьидалъун гьез ахӏулеб букӏана: «Хъун букӏараб гьаб Кьегӏер мустахӏикъаб буго кверщелги, бечелъиги, гӏакълуги, къудратги, къадру-къиматги, реццги, баркатги насиблъизе!» 13Зобалаздаги, ракьалдаги, ралъдадаги ва гьезда жанибги рухӏ бугебщиналъ ахӏулеб рагӏана дида: «Тахида гӏодов чӏарасе ва Кьагӏрие абадул абадиялъго баркатги, къадру-къиматги, реццги, къудратги!» 14Ункъабго рухӏчӏаголъиялъ «Амин» абуна. Кӏалагъоркье речӏчӏун, хӏакимзабаз сужда гьабуна.
Copyright information for
AvaIBTNT