‏ Revelation of John 6

Кьагӏрица анлъго мугьру тӏезабула

1Дида бихьана Кьагӏрица доб анкьабго мугьруялъул цояб тӏезабулеб. Доб ункъабго рухӏчӏаголъиялъул цоялъ, цевегӏан къан валагьеян, зоб гъугъалеб гӏадинаб гьаракь гьабуна. 2Дун валагьана. Гьале дида цебе буго хъахӏаб чу. Гьелда рекӏарасухъ чӏорбутӏ буго. Гьесухъе таж кьун букӏана ва, бергьиналда ракӏчӏарав чи кинигин, вачӏунев вукӏана гьев бергьенлъи босизе.

3Кьагӏрица кӏиабилеб мугьру тӏезабуна. Кӏиабилеб рухӏчӏаголъиялъги абуна цевегӏан къан валагьеян.

4Къватӏибе бачӏана билбагӏараб чу. Гьелда рекӏарасе ихтияр кьун букӏана, гӏадамал цоцаца чӏвазаризелъун, гьаб ракьалдаса рекъел лъугӏизабизе. Гьесухъе кьун букӏана кӏудияб хвалчен.

5Кьагӏрица лъабабилеб мугьру тӏезабуна. Лъабабилеб рухӏчӏаголъиялъги абуна цевегӏан къан валагьеян. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго чӏегӏераб чу. Гьелда рекӏарасда кодор цӏадираби руго. 6Доб ункъабго рухӏчӏаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагӏана дида: «Ролъул цо сахӏалъул багьа – цо динар, пурчӏинадул лъабго сахӏалъул багьаги – цо динар. Зайтуналъул гъутӏбиги цӏолбол гъабуги къотӏуге».

7Кьагӏрица ункъабилеб мугьру тӏезабуна. Ункъабилеб рухӏчӏаголъиялъги абуна цевегӏанги къан валагьеян. 8Дун валагьана. Гьале дида цебе буго канчӏгӏурччинаб чу. Гьелда рекӏарасда цӏар буго Хвел. Гьелдаго хадуб цун бачӏунеб буго Жужахӏ. Хвалчадалъун, ракъудалъун, вабаалдалъун ва ракьалда ругел жанавараздалъунги гӏадамал хвезаризе, гьаб тӏолабго ракьалъул ункъил бутӏаялда тӏад кверщел кьун буго гьеб кӏиялъего.

9Кьагӏрица щуабилеб мугьру тӏезабуна. Къурбан хъолеб бакӏалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагӏи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугӏлъи сабаблъунги чӏваразул рухӏал. 10Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахӏулеб букӏана: «Хӏакъав ва Мукъадасав Бетӏергьан, кидалъагӏанха гьаб ракьалда ругел гӏадамал дуца тамихӏ гьабичӏого ва нижер бидухъ къисас босичӏого тун ругел?» 11Гьезул щивасе кьун букӏана хъахӏаб ретӏел ва гьезда абулебги букӏана нуж цодагьаб мехалъ чӏайин, – нужго гӏадин чӏвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тӏаде журан, гӏураб къадар ккезегӏан чӏайин.

12Кьагӏрица анлъабилеб мугьруги тӏезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чӏегӏерлъана, чӏегӏераб сугъур гӏадин; рещалъараб моцӏги би гӏадин багӏарлъана. 13Хасел тӏаде щвезегӏан гъотӏодаго хутӏарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гӏадин, цӏвабиги ракьалде рортун рачӏана. 14Кагътил тӏамач гӏадин, зобалги сукӏун ана. Киналго мугӏрузги чӏинкӏиллъабазги жидерго бакӏ хисана.

15Ракьалда ругел парччахӏзаби, чӏахӏиял хӏакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гӏадамал, къо-асс бугел чагӏи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугӏрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана. 16Мугӏруздаги кьурабаздаги абулеб букӏана гьез, жидеда тӏаде рортун рачӏун, жал рахчейин тахида чӏарасул бераздасаги Кьагӏрил ццидадасаги. 17«Гьезул ццидал кӏудияб къо тӏаде щун буго! Лъида гьеб хӏехьезе кӏолеб!»

Copyright information for AvaIBTNT