‏ Revelation of John 7

Нусиялда кӏикъоялда ункъазарго чи

1Гьелдаса хадуб дида вихьана дуниялалъул ункъабго бокӏнилъ чӏарав ункъо малаик. Я ракьалде, я ралъдаде, яги цониги гъветӏ-хералде пуйзе биччачӏого, гьез ккун чӏезабун букӏана дуниялалъул ункъо гьури. 2Цоги малаик вихьана дида бакъбаккул рахъалдасан ваккун вачӏунев. Хӏакъав Аллагьасул мугьру букӏана гьесухъ. Ракьалъеги ралъдаеги зарал гьабизе изну кьурав ункъо малаикасде кутакаб гьаракьалдалъун ахӏана гьес: 3«Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чӏвазегӏан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветӏ-хералъе зарал гьабуге нужеца». 4Дида рагӏана Исраилил киналго наслабаздасан нусиялда кӏикъоялда ункъазарго чиясда мугьру чӏван бугин абулеб:

5Ягьудал наслуялдаса мугьру чӏваразул анцӏила кӏиазарго чи вуго,

Рубенил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

Гадил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

6Ашерил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

Нафталил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

Менашил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

7Шимгӏонил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

Левийил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

Иссахарил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

8Зебулонил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи,

Юсупил наслуялдасаги – анцӏила кӏиазарго чи ва

Буняминил наслуялдасаги анцӏила кӏиазарго чи вуго мугьру чӏваразда гьоркьов.

Хъахӏал гӏабаби ретӏарал гӏадамазул руккел

9Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацӏалъул гӏадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикӏкӏун хӏалкӏолареб руккел чӏун буго тахида ва Кьагӏрида цебе. Киназго ретӏун руго хъахӏал гӏабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотӏол гӏаркьалаби. 10Кутакаб гьаракьалдалъун ахӏулеб буго гьез: «Тахида гӏодов чӏарав нижер Аллагьасухъ ва Кьагӏрихъ буго хвасарлъи!»

11Киналго малаикзаби чӏун рукӏана тахалдаги, хӏакимзабаздаги ва доб ункъабго рухӏчӏаголъиялдаги сверухъ. Тахалда цере кӏалагъоркье речӏчӏун, гьез Аллагьасе сужда гьабулеб букӏана. 12Абулебги букӏана гьез: «Амин! Нижер Аллагьасухъ буго абадул абадиялъ баркатги, реццги, гӏакъиллъиги, кӏодолъиги, къадру-къиматги, къудратги, хӏалкӏолъиги! Амин!»

13Дидехун вуссун цо хӏакимас гьикъана: «Гьал хъахӏал гӏабаби ретӏарал гӏадамал щал кколел ва киса рачӏарал чагӏи гьел?»

14Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетӏерчӏахъад!» – ан.

Гьес дида абуна: «Гьел рачӏун руго кӏудияб гӏазаб-гӏакъубаялдаса. Кьагӏрил биялъ чурун хадуб хъахӏлъана гьезул гӏабаби.
15Гьединлъидалин гьел Аллагьасул тахалда цере ругел ва къасиги-къадги гьесул кӏалгӏаялъуб гьесие тӏагӏат-гӏибадатги гьабулеб бугеб. Тахида чӏарас жиндирго чодрокье рачина гьел. 16Гьел тӏокӏал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухӏиги гьезие букӏинаро, багӏари-гьелегьинги гьезда хъваларо. 17Тахил бакьулъ бугеб Кьегӏер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхӏаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магӏил гороги бацӏцӏина».

Copyright information for AvaIBTNT