‏ Titus 2

Титица гьаризе кколел насихӏатал

1Бацӏцӏадаб диналда рекъон насихӏат гьабе дуца. 2Херал бихьинал рукӏине ккола гӏорхъи-рахъ цӏунарал, цӏодорал, тӏокӏал жал гьаруларел, божи-иманги, рокьиги ва сабруги бугел. 3Гьединго херал руччаби рукӏине ккола вализабазул гӏадаб хьвада-чӏвадиялъул, жидеца мацӏги гьабуларел, чогърое лагълъиги гьабуларел ва лъикӏабщинабги малъулел. 4 5Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тӏокӏал жалги гьаругейилан, рацӏцӏадгоги хьвадейилан, рукъалъул хӏалтӏиги гьабейилан, россабазе мутӏигӏал лъикӏал лъудбилъунги рукӏайилан гӏолохъанал руччабаздаги бичӏчӏизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутӏизелъун. 6Гьединго гӏолохъабаздаги малъе тӏокӏал жал гьаругейилан. 7Лъикӏал ишаздалъун дуца сундулъго мисал бихьизабе, – мун вукӏине ккола къадру-къимат борхарав ва бацӏцӏадаб гӏамал-хасияталъул насихӏатчилъун. 8Каламги дур букӏине ккола кьучӏаб ва тӏад кӏалъазе бакӏ гьечӏеб, нилъер хӏакъалъулъ абизе квешаб рагӏиги батичӏого, нилъеда дандечӏаралал инжитлъулеб. 9Лагъзадерида бичӏчӏизабе жидерго бетӏергьабазе мутӏигӏлъизе ва гьел рази гьаризе кколилан, гьезул рагӏи къотӏугейилан, 10гьезие цӏогь гьабугейилан ва сундулъго лъикӏаб божилъи бихьизабейиланги, – гьелдалъун лагъзадерица берцинлъизабила нилъ хвасар гьарулев Аллагьасул малъи.

11Киналго гӏадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтӏун бугелъулха. 12Гьелъ малъулеб буго, Аллагьасда божунгутӏиги дуниял хиралъиги нахъчӏван, гьаб гӏасруялда нилъ хьвадейин: ритӏухълъиги цӏунун, Аллагьасукьаги хӏинкъун ва тӏокӏал жалги гьаричӏого. 13Нилъ ралагьун чӏун ругелъулха Тӏадегӏанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав Масихӏ Гӏисал къудрат рещтӏинилан хьул бугеб баркатаб къо бачӏиналъухъ. 14Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацӏцӏалъизеги гьарун, лъикӏабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецӏалие кьуна Масихӏица. 15Дур тӏолабго ихтияралдаса пайдаги босун, гьеб кинабго бице, бичӏчӏизабе ва къосунел ругелалги чӏезаре. Гьез мунго рикӏкӏунгутӏизе биччаге.

Copyright information for AvaIBTNT