‏ Titus 3

Лъикӏлъи гьабейилан малъе

1Гьезда кидаго ракӏалде щвезабе хӏакимзабазе мутӏигӏлъизе кколилан, ракӏалде щвезабе малъараб гьабейилан, лъикӏабщинаб гьабизеги хӏадурго чӏайилан, 2лъилниги хӏакъалъулъ квешаб рагӏи абугейилан, дагӏбадугейилан, хӏалимлъейилан, киналго гӏадамаздехун хӏеренлъейилан. 3Цере нилъги рукӏиндалха гӏантал, Аллагьасде мутӏигӏлъуларел, къосинарурал, нилъерго гьаваялъеги ва батӏи-батӏиял лазатазеги лагълъи гьабулел, ццидалъги жахӏдаялъулъги къарал чагӏи; нилъее гӏадамалги рокьулароан, гӏадамазе нилъги рокьулароан. 4Амма нилъ хвасар гьарулев Аллагьасдасан лъикӏлъиги ва инсан хиралъиги загьирлъана. 5Илагьияб Рухӏалдалъун цӏидасан рижиги насиблъизабун ва цӏияб гӏумруги кьун, гьес нилъ рацӏцӏалъизариялдалъун хвасар гьаруна, нилъер ритӏухъал ишазухъ балагьун гуреб, жиндирго гурхӏелалдалъун. 6Нилъ хвасар гьарурав Гӏиса Масихӏидалъун гьеб Рухӏ Аллагьас нилъеде гьарзаго чвахизабуна. 7Масихӏил баркаталдалъун нилъ Аллагьасда цере ритӏухълъула, гьелдалъун нилъее абадияб гӏумру насиблъиялде хьулги цӏикӏкӏинабуна.

8Хӏакъал рагӏаби руго гьел. Ва дие бокьун буго мун хасго гьезда тӏадчӏезе, Аллагьасде иман лъурал гӏадамалги гьелдалъун лъикӏал ишазде руссине. Гӏадамазе лъикӏлъиги пайдаги кьола гьел ишаз. 9Амма умумузул сияхӏалда тӏасан гӏантаб дагӏбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахӏсаздасаги рикӏкӏад чӏа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро. 10Рикьи ккезабугейилан кӏиго нухалъ лъазабуниги кантӏичӏев чиясдасаги ватӏалъун чӏа, 11дуда лъалелъул гьединав чи къосун вукӏин. Мунагьал гӏемерлъиялдалъун гьес жинцаго жиндиего хӏукму къотӏун буго.

Кагътил ахир

12Дица духъе Артема яги Тихик витӏун вачӏаравго, дида аскӏове Никополалде гӏедегӏе мун, гьениб хасел тӏамизе хӏукму гьабун бугин дица. 13Къанунчи Зенаги Аполлосги сапаралде ритӏе ва нухда гьезие къваригӏунебщинабги кье. 14Лъикӏал ишазде ругьунлъизе риччанте нилъер гӏадамал, цогидазул къварилъи бацӏцӏине ва жидерго ишазул гъотӏода пихъги бижизе.

15Гьанир дида аскӏор ругелщиназулги салам буго дуде. Божи-иманги цогоял нижги рокьулел гӏадамазда салам бице. Нужеда киназдаго баркат лъеги.

Copyright information for AvaIBTNT